 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадДунялалъул бакIлъи
Дунялалъул гIумру гIорхъоде щведал
Щулалъи билараб рагIалде кола.
Щаклъиялъул нухал раханин ккедал,
Рахизе тIамула цIидасан мугIрул.
ЦIалиялъул нухаз бергьенлъи щварал
Щивасул ботIролъе гIакъло цIикIкIула.
Бицанщинаб рагIул магIна гьабизе
Гьунар бугел васал гьезда гъорлъ гьечIо.
Бечедав вагъула мискин кIалъала,
Кинабго къварилъи гьав пакъирасе.
Бицанщинаб рагIул магIна гьабизе
НуцIби къан ратула пакъир-чиясе.
ГIарцул цIураб чванта цебе лъечIони,
ХIалтIиги цIалиги гьесий щоларо.
Долларал рихьани хьулалги къосун
Каваби рагьула киналго гьасий.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|