 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадХвараб гIумру
ГIадан-инсан лъазе нужей бокьани
ГIоларо нужее лъабго гIумруги.
Лъараб гIумруялъул къалмиде босун
Кагътида хъваниги чи божуларо.
ЯхI чорхолъ цIикIкIарав гьав чи вугилан
Божизе бегьулев инсан щоларо,
Нагагь данде ккани нусгоясда гъорлъ
Гьесулги ратула гьетIарал нухал.
Нагагь ракI божани гьав лъикIавилан
Воре рикIкIада чIа, ракI бухIилалде.
Берцинал рагIабаз кодорги росун
КIалахъе рехулин бер къанщилалде.
Къо цIикIкIун анагIан гIакъло цIикIкIула,
Амма цIадар ккелин ракI божуларо.
Гали босун цеве мун гьункьанани
КIалахъе вортула нахъ вуссулареб.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|