 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадНуцIби рагьула
Гьанжесеб гIумруги гIелалъул нухги
Хивал гьезул гьабун свакан ратила,
ГIумруялъул нухал рахизе ккани,
РагIалда рахъун чIун ургъизе ккола.
Кутакал нухазул сапар бухьизе
Сумка бакIлъичIони нух битIуларо.
ЦIалиялъул нуцIби рагьизе ккани
Долларазул сумка босизе ккола.
Киназулго гьунар гIарцуца борцун
ГIарац гьечIев пакъир къварид хутIула.
КъвакIараб цIум гIадин дандиял роржун
Мискин-пакъирасул къварилъула ракI.
Бечелъи цIикIкIарал цIар кIодоязе,
Рагьарал каваби киса кирего.
Кверал рорхичIого рагь-рагьун унел
ГIарцул нуцIби руго гьанже ракьалда.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|