 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадГIадло хвараб гIумру
ГIумруялъул нухлул хал гьабулаго
ХIалхьи чорхол босун хIелизе ккана.
Каранзул бухIиги чорхол унтиги
Лъалев чиго гьечIо гьаб дунялалда.
Унтарав чиясул мискинлъи бихьун
Мискинал щиназде бухIула керен.
Чорхой сахлъи гьарун аскIор щваниги
Щулиял къадаллъун къвакIула тохтур.
ГIарац цебе бахъун мун кIалъачIони,
Бадив валагьулев чи хутIун гьечIо.
Чидар унтиялъул ургъел гьабулев
Тохтуралго гьечIо гьаб дунялалда.
Нусгоялда гьоркьов цо лъикIав ккани
Гьесул гIумруялда бухIула керен.
Чидай кумек гьабун цеве вахъани,
Гьесде велъуларев тохтурго гьечIо.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|