 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадТIоцебесеб дарс
Дун гьитIинаб мехалъ букIараб росу
Жеги рекIелъ жаниб буго мун цIунун,
Районалъул къватIал дица сверарал
Сунаро рекIелъан гьелъул пикраби.
Дол школалъул нуцIби дие рагьарал
ТIоцебесеб дарсги дида малъараб.
РекIеда цIунула къиматги гьабун
Жакъаги малъилин дида доб дарсан.
ТIоцебе дарс кьураб школалъул класс
Кидаго пикрабаз ячуна духъе.
Кьварараб доб гьаракь учителасул
Жакъаги рагIулеб бугилан ккола.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|