 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадДир росуцоял
АсаламгIалайкум дир росуцоял
Жакъа урхъун щвана нуж рихьизеян.
Дие гIакълу кьурал гIумру бокьулел
Жакъа бокьун буго нужгун дандчIвазе.
Бокьула ракIалъе къойил рихьизе
Урхъи буссизегIан нужгун кIалъазе.
Росуцоялилан нужгунги къочун
РекIел бухIиялъул нужой бикьизе.
Дие цIакъ рокьула дир росуцоял,
Къварилъи хIехьолел, къадру цIикIкIарал.
Ракъиги къечейги бичIчIун кIалъалел
Дир гIагараб росдал вацалгун яцал.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|