![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
СихIирал бераз цIала аскIоеАраб гIумруялъул хIисабги гьабун
Хал гьабулеб буго жакъасеб къойил, КъвакIараб ракIалъул къуватаб чорхол Къадру дур борхулеб рагIи абила. Ккараб рокьиялъул кьогIал къоязул Къокъго сариналде буссинабула, Сабру хвараб рекIел кIулалги рагьун Хъван битIила жакъа вокьарасухъе. Дун цохIо вугилан кIутIбуз шурараб РагIул магIна цIехон гьабула хиял, Къимат цIикIкIарасул цIарул хIарпазде Буссуна дир керен кваниде гIадин. КIочонареб рагIи, рагьичIеб гIишкъу Анищаз ячула дур лъалкIда хадуй. Щущан унеб гIумру чIаго гьабизе Дур сихIирал бераз йиго тIамулей. |
|||||||