 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадКьейилан гьарана
Къаси сардил гIужалъ рокъой толаро
Мунгун данде чIвазе къватIий яхъаян,
Къвал бан чучараб черх рикIкIалъаниги
РакIалъ ахIула мун къойил аскIове.
РекIел бухIиялда хIехьезе кIвечIел
Дур рокьул рагIабаз гIадал гьаюна,
КIутIбуз шураралъул магIнаги босун
Сородула лугбал мун ракIалде щун.
Урхъиялъул бухIи хIалаканагIан
Чорхол хIал хисиялъ ахIула дур цIар,
АхIи бала ракIалъ рагьун керенгун
Цо дуда бер чIвазе багьана кьеян.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|