![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Мун ахIизеКъотIноб балеб гIазу щапулеб щайдай,
РакI дир цIоролаго хасалил сардаз. КIочон щай толарел черх цIорониги Щулаго чIайилан щурарал кутIби. ЦIадул къимат дида гьанже бичIчIана, ЧIегIерал бераца дун гIаздалъ тедал, Дагьаб хинлъиялъул бичIчIана къимат Къадар хъвачIев дуца цIорой дий кьедал. ЧухIараб дур чорхолъ рокьи щай ккараб ГьадигIан мунилан берал гIодизе, Чалухал беразда ракI щай божараб Ургьиб гьинал рекIелъ унти рещтIизе. |
|||||||