![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Арал соназул нухалСверун ялагьула сабрудалъ юссун,
Щоларо мун кодов, щущала керен, Беразул кунчIиялъ каваби рагьун Къо щвараб дир керен хъамула гIораз. Къадал рихханиги хIалхьи щолареб Халатаб гьаб гIумру, бихьичIеб роххел, ЦIорораб хаслихъе хинлъи кьуниги, ЩвечIин дие талихI мун лъаралдаса. Мурадалде щвечIел дирго хьулалгун, Хивалаз ахIула дур лъалкI цIехезе, Абула рекIеца аскIов вугилан Рагьун бугеб каву – вачIунарев мун. |
|||||||