![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Къимат борхилаДир гIишкъу бергьараб мугIрузул ритIучI,
ГIумру дир хисана мун лъаралдаса, Хивалаз бищараб щобил итаркIо, Щвана дие рохел дуда бер чIвайдал. Щущахъ жиб биххаяб халатаб лага Къвал базе щолареб гIашикълъаниги. Щибаб сагIаталда ахIулеб буго Мун дие вокьулин рагьун керенгун. РекIеда цIа лъураб цIоралъул гагу ЦIар дур хъвалеб буго дица каранда, Къваридаб ракIалъул кутакаб гIишкъу Щоларебдай дие къвал бан чучизе. |
|||||||