![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
АхIиУгьун хьохIел биччан, чвахун магIугун,
Чара хведал дица цIалула кучIдул. Каранда рекIелас ругънал гьаридал, Дир ракIалъул боец вуго ахIулев. Беццал хивалаца хадуй дунги цIан, Жакъа рехун танин нухлул ахада. Инилан абичIев, къо-лъикI гьабичIев, ЧIван къотIараб рагIул магIна босичIев. Чара хварай дунгун гIодовги кIусун, ГIадал гьаюна дун дур рагIабаца. Каранзул рекIеда цIа бакун тедал, Дир гIишкъудал боец, вахъа свинабе. Чан анищдай бугеб дур ботIролъ жаниб, Пикрабазул ханлъун дур рекIелъ чIараб, Чан чIужугIаданалъ дуй къимат кьураб, Къояца, санаца аскIор рукIарал. Цо нухалъ халги ккун рекIел бухIигун, Мун щай ургъуларев къварид таразде. Дуе рухI бикьулел хIалхьи биларал, Лъаларел щай дуда дир рекIел боец. Гьаб захIматаб гIумру гIорлъун чвахаяб, Бикьун дуе кьелин ахIи рагIичIищ? Заман сверилалде ургъунги вихьун, Дир гIишкъул багьадур вусса мун дихъе. |
|||||||