![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Тохав гIолилав
Мун чи вукIун гьечIо, чин вукIун вуго,
Чияр гIумруялда тIад малал чIвалев. ЧIухIараб черхалъул кутакаб лага, Рекъолареб гIамал черхалда бугев. Мун рекIелъ чIухIигун вищун вукIана, ГIолилазда гьоркьов хан вугин абун. Дур гIамал хасият тIубанго лъайдал БичIчIана рекIеда мун чин вугеблъи. РагIи ракIалъ кьолев кьили тIад гьечIеб, Кьурул рагIаллъуде квер ккун рачунев, Кьураб рагIиялъе кьучI лъезе кIвечIев, Тохаб гIамалалъул мугIрул багьадур. Абиларо ракIалъ мун чин вугилан, Аллагьасул амру бугин гьенибги, РакIалъ дун гьедула дур гьунар гIечIин, Дир бацIцIадаб рокьул къимат гьабизе. Бицинаро дица гIайиб лъил бугеб, ГIайиб дуде дица биччазе гьечIо. Абила дир ракIалъ бадийги юссун, Мун дир къисмат гурин тохав багьадур. Щакаб гIамалалъул, гIазизав гьудул, Телевин дица мун цоги ясазе, Гьабилебин накъит гIолил васазде Мун гIадал гIолилал чанги ругелъул. |
|||||||