 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадХисуларо дуе
ГIумру сверун ана, санал рилана
Сабруялъул кIулал каранде къала.
АхIула рекIеца зодихъ ялагьун
Къадар дургун хъварал къоял кьейилан.
Дур хиралъиялъул сариналъ хъвазе
Къуват чорхол гIечIин гIайиб гьабуге.
ШигIрабазде росун гIишкъу рагьизе,
Гьунар дирго гIечIин зигардула ракI.
ЦохIо дур цIаралде дун юуссанагIан
ХIалхьи билула дир гьаб гIумруялъул.
КIутIби рагьун дуде абизе кIвечIеб
РекIелъ цIунаралъул цIале бераца.
ЦIоралъул гьурилъун тохлъукье щвараб
Щулияб дур гIишкъу буго дир рекIелъ.
ГIумру хисаниги, хасел аниги
Хисулареб рокьи бикьана бераз.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|