![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
Бераз цIехола мунБихьарабги лъачIеб лъараб кIочараб
ГIумру киндай щвараб щобил тIогьисан. Мун данде ккезегIан хIалхьун йикIарай ХIалхьи чорхол босун цIехолев вуго. РекIел цIумуралда цIар хъван битIарав ЦIоралъул гьороца хъамулей йиго. РекIеда хатI хъвалел чIегIерал бераз ЧанцIул рухI босараб дун гIадиналъул. МугIрул бисил гIадаб чIурканаб черхалъ ЧIван рехулей йигин мун лъаралдаса. Каранде дун къарал хIеренал кверал Къойилго цIехола урхъарай дица. ЧарангIан къвакIараб дур керемалда Чучизе бокьидал ахIула дур цIар. ХIеренаб дир рекIел урхъи цIикIкIидал МугIрул тIогьий яхун цIехола ракIалъ. |
|||||||