 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадЧанцIул ахIилеб
ЧанцIул дун сверарай доб мугIрул тIогьий
Доб тIугьдузул магъилъ рокьи тIалъараб.
КигIан дун хьвадарай хьулазул нухаз
Мун данде чIвалилан ракIалъги абун.
Билараб доб гIишкъу нилъ кIиязулго,
Доб нухлул сапаралъ сверун унаго.
Гвангъараб доб рокьи рекIелъ букIараб
ЦIидасан бикьизе гьунар гIеладай.
ГIедегIун гIумрудал къоял аниги
КIиязулго гIишкъу хутIана рекIелъ,
ХIасратаб дир керен бухIун хваниги
Вокьулин абизе къуват дир гIечIо.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|