 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадБалагье диде
Балагье бадиве, рекIел хазина,
РакI унтулеб бугин мун рикIкIалъидал.
РикIкIадасан салам щай битIулареб
Чорхое бигьалъи ракIалъги гьарун.
Щобде яхун ракIалъ гьари баниги
Каранда квер лъезе хивал бугоан.
ХIал чорхолги босун бусной кканиги
Каранде дун къачIев щобил шагьри моцI.
РакI дир босун араб зобалъул гьури
Щулияб рагIи кьун гьедизе кIвечIев.
ТIокIаб гьари гьечIо дир Аллагьасде
Дир гIумрудул нухда мун дандчIвагеги.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|