 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадБихьичIо рохел
Сверун ялагьула сабруги гьабун
Щоларо мун кодов щущала керен.
Беразул кунчIиялъ каваби рагьун,
ЯхI лъугIараб ракIалъ мунан ахIула.
ГIишкъуялда хIохь бан хIалхьи щолареб
Гьаб гIумруялъ дида бихьичIеб рохел.
ЦIорораб хасало хинлъи кьуниги
КьечIин дие талихI мун лъаралдаса.
Мун дир гIумруялда тIурачIел хьулал
Хивалаз яхула дур лъалкI цIехезе.
Пикрабаз абула аскIов вугилан,
Рагьун бугин каву вачIунаро мун.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|