 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадРакIалъ абула
РекIел пашманлъиялъ кверде йосарай
Босун щвана дихъе дур рекIел ахIи.
Мун кин йигейилан диде шурараб
ХIеренаб дур калам къана каранда.
Урхъи дир цIикIкIана ракIалъ ахIана
Сардил сагIтал согIго руго сверулел,
Рогьулареб сордо вачIунарев мун
ЧIалгIеналъ къан бугеб къваридаб керен.
КутIбуца шурула дуца хIеренго
Дун духъ урхъун вугин дир хирияйин.
Унареб заманги щвечIеб макьуги
Рукьбазде багъулеб рокьул унтиги.
РекIел урхъиялъул чвахулел гIорал,
ЧанцIул гьесаниги рахине кIвечIел.
Жакъа дур гьаркьихъе тIуркIараб ракIалъ
ТIамуна абизе мун вокьулилан.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|