 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадМун чIухIун кIалъаге
Мун щайзе чIухIулев чIалгIеналъ чIвараб
ЧIобогояб рокьи беразги бикьун.
Рукьбазде цIа гъезе щай гIедегIулев,
БухIун холеб керен дирги букIаго.
РухI дица бичана мун чи вугилан,
Чангит бараб рекIел кIулалги рагьун.
Дица яхIги гьабун хIехьана гIишкъу
Къилбаялъул цIваян ракIалъги абун.
Намус рекIелъ цIунун гIумру унаго
Цогидазе керен букIана рахан.
Дур чIегIерал бераз ишан лъезегIан,
АхIанщинаб цIарги тана рикIкIада.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|