 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадХьулаз каранде къала
АхIулеб щай ракIалъ цохIо досул цIар
Цойги гIолилазул цIарал кIочон тун.
БухIулеб кин керен цIа бугеб гIадин,
ЦIидасан хиялаз духъе ячуна.
РагIулареб гьаракь, ахIулеб бакъан
АскIов вихьуларев ракIалъул гьудул.
КIи бикьараб рокьи дир вокьулесул,
Макьилъ цебе тIамун хIалхьи толареб.
Бихьараб кин дида щобазул ритIучI
Щулияб каранзул къуват билизе.
Щай дие бицараб гIашикъаб рокьул
ГьадигIан дир чорхол урхъи цIикIкIизе.
Вихьарав кин дида нухлул сапаралъ
Сунареб дур берзул кунчIи дандчIвазе.
ЧIухIараб дир рекIел кIулалги рагьун
Щай каранда ханлъи гьабулеб хьулаз.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|