 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадХирияб ракI
Мун дир хирияб ракI хехлъуге гьанже
Араб гIолохъанлъи нахъ буссинарин,
Гьарула дир гIумру бицунге досул
Ккараб рокьиялъул щвечIебин рохел.
Хехго кIочон те ракI рикIкIадаб заман
РакI каранда гьечIев ватанин гьудул.
Дол арал къоязул къваридаб къиса
ХутIила рекIеда ракIалдещвейлъун.
Къан букIаян абе хириясул ракI
Хвеларей ятилин дуца танилан.
Тун йикIаян абе гIолохъанлъиялъ
Цойги гIолилазул кколебин рокьи.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|