 |
 |
 |
 |
 |
 |
 |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» |
|
|
| |
НазадТалихI кьечIого
Мун вихьарал къояз къвакIун чIаниги
РакI щайзе унтулеб мун рикIкIалъидал.
Балагьарал бераз щаклъи кьунагIан
Хьулаз данде къала къваридаб керен.
Черхалда щущараб гьаб гIишкъул асар,
Щоларо хвасарлъи гьинал рекIее
ТIокIалъ вихьиларин дун гьеданагIан
РакIалъ щай ахIулеб цо мун вокьулин.
Берал щай гIодулел чвахун магIугун
Мун кIочон телилан рагIи кьунагIан
Вихьун хьул бусичIеб мугIрузул лачен
КочIолъ щай ахIулеб тIад вуссайилан.
Назад
|
|
|
|
|
|
|
|