![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
XIалхьоларо дирни ракI инхокъвари гIадинанГIусман МухIамадов Инхокъвари росу Газета НасихIат 2008г.Гьаниб гIурчинаб тIалъи зодобе балагьараб
Гьелда гъоркьан ризаб рохь хIалхьул чундул гIемераб Гьаниб кибго pari араб нартазул даруяб лъим Гьанир мугIрулгун шобал бакъуца ицал кунчIун Балагье гьаб берцинлъи гьавадулги бацIцIалъи Унтаразе дару ял хурдуз тIегьан авлахъал ХIалхьоларо дирни ракI Инхокъвари гIадинан Камураб нигIмат гьечIеб дирги ватIан буго гьеб РачIа нуж росу цоял гьаб гIагараб ракьалде Умумузул рукъзазул чIваднал рихьун гIодизе Инсул росу кIочарал иман дагьал абулин Чияр бакIги нилъее чидараблъун хутIулин ЧIаго гьаре риххарал умумузул минаби Хварал нилъер улбузул pyxlan рохун рукIине РукIанин гьанир чагIи цолъи росулъ цIунарал Босе гьездасан мисал заман чарлъун кканиги ХIакимльигун буголъи хIалалаб тIалаб гьабе ХIарамаб яшавалда баракат букIунарин Аллагьас нужоего алжан насиб гьабизе РитIухълъиялда хьвадун лъикIаб цIуне цIар росдал |
|||||||