![]() |
![]() |
![]() |
|||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() | |||||||
![]() |
Независимое информационное агентство «ЦУМАДА.ру» | ||||||
ХIилла ургъаразе гъугъайха мун зобГIусман МухIамадов Инхокъвари росу 1972с.
Фатя тIасалъугьа мукIурлъанилан
ИнчIо мун рекIелъан бусинчIо ругъен Толаро макьилъги ворчIун рукъовги ХIухьел дагьлъун буго гIенеке дида Огь, гIадалаб бетIер, чIухIараб дир ракI Щай абураб дица телин мунилан Огь, дир гIолохъанлъи щайзе гуккарав Щай дуца тарав дун гьудул гьечIого Гъарачи инсол вац-илбисав гIадан Щайзе данделъаби ахIарал дуца Щайзе намус тIагIун гьарараб дида Те Фатима дурго васасейилан Щайзе ничги тIагIун хьвадарав дихъе Дуца тана абун ячIуней гьечIин Ясазда хадуве хьваде дунилан Царал харбал росун мурад батIиял Дир кьолбол хараби Муса, ХIайбула Хаду дир вац ис-ил инсул вац Жаб-ил Илбис бергьине тун ятим щай чIварав Щай гIадлуяв эмен дир кIочон тарав РитIкечIо Хади-лги васасул яс, вас ГьагIу ххулев вацгун рекъон гьей хьвадун Зулму гьабун зобгун яс капурий кьун Регьа – нарзаналде гъой ккезайидал Мунагь гьечIеб гIищкъу цIурал тIугьдузе ХIилла ургъаразде гъугъайха мун зоб ТалихI гьечIеб гIумру нижей ургъарал Рохун гьечIел кьучIаб ахираталда |
|||||||